Загрузка страницы

Группа Унцукуль | Посланник Аллаха ﷺ

Мавлид на аварском языке из книги шейха Саида афанди.

КъутIбуясул нуралъ гвангъараб КагIба
Бихьизе къасд лъола, къуват гIоларо.
ГIилмудул хIур чIараб ХIарамалъул ракь,
Рокьи духъ гьабула гьанивги вукIун.
Гьижраялъ мун арав Мадинаялде
Дунги ахIе, АхIмад, хIалхьун вукIине,
ХIарбуялъ босараб Маккаги бихьун
Хьул нахъбуссинабе ссудулеб рекIел.
Мун вокьи рихараб халкъалда гъорлъа
Хвезениги ваче дун БакъигIалде,
ГIакъидатго гьечIеб къавмалда гьоркьов
Къварид вугин, ХIабиб, гурхIа мун дида!
Динул-Исламалъул сасго къотIараб
ТIун аги гIодобе гIумруялъ туснахъ,
ГIилму-тIалабалъе чараго гьечIеб
ЧIунтун хараблъаги хъублъараб ВатIан!
ТIагьаян ахIизе хIалхьи толареб,
Таллагь, рихун буго гIадатазул нух,
ГIаксалда хIалтIулел хIукмучагIазул
ХIалай бакIлъун ккола бицунеб хабар.
Хваразухъ хIайранаб, хIаят ч1алгIараб,
ХIадисалъ бицунеб ахир замана,
Зулматал гIемерлъун, гIалам жагьиллъун,
ГIибадат басралъун, сурун бугеб куц.

Свинго гьечIеб чирахъ жаниб бакараб
Каранда къан буго къиматаб Равза,
Къадру тIокIав ТIагьа жанив къанщараб
Щола мун ракIалде ГIаишатил рукъ.
ШафагIат бокьарал, гьоболлъухъ унеб
Гьадиясул къубба гIагарда анищ,
ГIишкъу бергьаразул мурад тIубалеб
ТIайбаталде сапар бухьине анищ.
Авараг хьвадараб ХIижаз ракьалде
ХIалкIолеб куц анищ гьижра гьабизе,
Гьесул жигьадазул лъалкIниги анищ
Аллагьасул нухда дуниял тезе.
Дур нур бихьуларел берзул канлъухъе
Кин гали босилеб, я Расулуллагь?
Дур фуюза чвахун чуричIеб ракIалъ
Чорокаб нафсалде кIал кин гьикъилеб?
Кавсаралъул лъеде уммат ахIулев
РухIазул эменги дур варислъидал,
Дирго загIиплъиялъ зузуданиги
Залимаб нафсалда гIайиб цIакъ буго
Бичасде щвеялъе далиллъун ругел
Дур хулафаалги ратун ругелъул,
РекIел къварилъиялъ къиркъиданиги
Къадар Аллагьасул, алхIамдулиллагь.
Дур суннат цIунизе хIалкIвечIониги,
ХIалхьини теларо тураяб логой,
Тавбуялда чIезе рес гьечIониги,
РахIат хвезабила хвараб черхалъул.
ХвезегIан ракьалда вихьичIониги,
Хьулни къотIуларо, ТIагьа, дудаса,
ТIаде рахъун хадуб ГIарасаталда
ГIела вихьаниги дирго Авараг.

#Мавлид #ГруппаУнцукуль #СтудияАманат #Пророк #Посланник #АЛЛАХ #религия #Ислам #шариат #ихсан #иман #сунна #мекка #кааба #равза #Дагестан

Видео Группа Унцукуль | Посланник Аллаха ﷺ канала NASHEED CHANNEL
Показать
Комментарии отсутствуют
Введите заголовок:

Введите адрес ссылки:

Введите адрес видео с YouTube:

Зарегистрируйтесь или войдите с
Информация о видео
21 декабря 2017 г. 23:08:57
00:05:50
Другие видео канала
Группа Унцукуль "Хвалиде"Группа Унцукуль "Хвалиде"мавлиды кудиява оригмавлиды кудиява оригГруппа Унцукуль и Дылым - мавлид на аварском языке( ночь Миг!раж)Группа Унцукуль и Дылым - мавлид на аварском языке( ночь Миг!раж)Мавлид о Пророке ﷺ | на аварском языке | Группа НаследиеМавлид о Пророке ﷺ | на аварском языке | Группа НаследиеГруппа Унцукуль  (назму Али-хажи "вай дир гьудул")Группа Унцукуль (назму Али-хажи "вай дир гьудул")Группа Иншад о  Курамухаммаде хаджи РамазановеГруппа Иншад о Курамухаммаде хаджи РамазановеНовый нашид  про Абдулгафурил Мухаммад-хаджи из БатлухаНовый нашид про Абдулгафурил Мухаммад-хаджи из БатлухаНовый Нашид Группа Рахмат О Пророке 2019 Автор Завжату РамазанНовый Нашид Группа Рахмат О Пророке 2019 Автор Завжату РамазанЮсуф (гр.Чиркей) Мавлид о Пророке  на аварском языкеЮсуф (гр.Чиркей) Мавлид о Пророке на аварском языкеГруппа Наследие - Пророк Мухаммад ﷺ мавлид на аварском языкеГруппа Наследие - Пророк Мухаммад ﷺ мавлид на аварском языкеГруппа Унцукуль "Фатимат"Группа Унцукуль "Фатимат"Нашид, Новинка 2020г «О ГЪАРИН МУН ДУНИЯЛ»Нашид, Новинка 2020г «О ГЪАРИН МУН ДУНИЯЛ»Группа Унцукуль новый нашид "Гlаламалъул фахролъи"Группа Унцукуль новый нашид "Гlаламалъул фахролъи"Мавлид 2019 на аварском языкеМавлид 2019 на аварском языке{Группа БАТЛУХ™} Ч1иркъат1аса Ах1мад х1ажиде ( رحمه الله ){Группа БАТЛУХ™} Ч1иркъат1аса Ах1мад х1ажиде ( رحمه الله )«УНЦУКУЛЬ» - ВОРЕ АДАМИЛ ЛЪИМЕР [НА АВАРСКОМ]«УНЦУКУЛЬ» - ВОРЕ АДАМИЛ ЛЪИМЕР [НА АВАРСКОМ]Рабиуль авваль - Месяц Пророка | нашид на аварском языкеРабиуль авваль - Месяц Пророка | нашид на аварском языкеИзну кье Расулуллагь | Группа Унцукуль | #группаунцукульИзну кье Расулуллагь | Группа Унцукуль | #группаунцукуль
Яндекс.Метрика