Загрузка страницы

Дуда эбелалъул берал рихьанищ, Балагьун гIорцIичIел ....

📌Слушать Коран перед сном
https://youtu.be/9HNxgHZxi68

ЖабрагIил ХIАСАНОВ

Дуда эбелалъул берал рихьанищ,
Балагьун гIорцIичIел гIумруялъго духъ?
Дуда эбелалъул кверал рихьанищ,
Кинабго дуе кьун ракъван тIагIарал?
Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ,
ГьитIинлъун тIагIараб дур тIалабаца?
Дуда эбелалъул угьи рагIанищ,
Гьаб дуниял цIураб, цIилал соролеб?
Дур хIухьелалъ гуреб хIал жиндир хьвачIей,
Дур каламалъ гуреб керен хинлъичIей.
Дудалъун гурони канлъи бихьичIей,
Кинабго дуниял дуй гIоло кьолей.
Мун -- гьелъул чохьонив каранда гIурав,
Мун -- гьелъул мугъалда мегъал сверарав,
Мун -- гьаналъул ругIел, гIадан лъвинегIан
Дур кини хьвагIарай гIазизай эбел.
Мун гъолде вагъула, лъадуда божун,
Гъолъ хвалил гIазабакь гьавурав гIадан.
КIалъала... мун гъолъул ургьиса гурев,
Лъова зобалахъа рещтIарав гIадин.
Мун гьелъухъе щола гьобол киниги,
Мун -- гьелдаса тIураб гьаналъул бутIа.
Бицуна дуцаго кьураб жоялъул
Дуниял кьуралда, гIумру кьуралда.
Мун кванараб мехалъ гIорцIулей эбел,
Дудаса дур ургъел батулей эбел.
Мун квачараб мехалъ гIунулей эбел.
ГIузраби дур рихьун, херлъулей эбел.
Эбелилан абун Аллагьас йижун,
Ракьалде биччараб Бичасул хIикмат,
Мун вихьараб мехалъ кIудияй гIолей,
Дуца тараб мехалъ гьитIинлъун уней.

Видео Дуда эбелалъул берал рихьанищ, Балагьун гIорцIичIел .... канала ТВ Чиркей
Показать
Комментарии отсутствуют
Введите заголовок:

Введите адрес ссылки:

Введите адрес видео с YouTube:

Зарегистрируйтесь или войдите с
Информация о видео
8 сентября 2011 г. 14:50:50
00:06:50
Яндекс.Метрика